9 май 2024 ГЪУНИБ

9 май. 2024 сон. Гъуниб. Радалго чIаголъи букIана майданалда. Абураб заманаялъ районалъул администрациялъул минаялда цере щвана Бергьенлъиялъул парадалъул гIахьалчагIи. РукIана гIисиналги чIахIиялги. БукIана исанаги рагъулаб техника. ГIемер заманаялъ тархъизе ккечIо, ЦIараб гIужда майданалдаса рахъун киналго рахана Бергьенлъиялъул паркалде. Улкаялдаго рагIараб «ХъахIал къункърабазул» памятникалда гъоркь лъуна тIугьдул. Митинги рагьун районалъул культураялъулгун хIухьбахъиялъул централъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровалъ рагIи кьуна Гъуниб районалъул бетIер Расул ХIусеновасе. Гьесдаса хадур гIезегIан гьаруна кIалъаял. Гьезда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МахIмуддибир Каримов, районалъул рагъулав комиссар Рустам Шарапов ва цо-цо цогидалги. Цере рахъана школалъул цIалдохъаби, культураялъул гIахьалчагIи… Пал-хIасил, исана Гъуниб 9 маялъул байрам тIадегIанаб даражаялда тIобитIана.
В начало