Группа “Дылым“ - Тавбу шейха Саида-афанди (к.с.)
Астагъфируллагь, РахIман, тIолго мунагьаздасан,
Мун рази гьечIебщинаб фигIлу-къавлуялдаса,
Дудаса ракI гъафуллъун кIалъараб кIалалдаса,
Бахъараб хIетIалдаса, бегьараб квералдаса!
Мун разияб горелде балагьараб бердаса,
РагIизе хIарамалде гIин тIамун чIеялдаса,
Дудаса ракI гъафуллъун биччараб хIохьладаса,
Дун квешлъи гьабулесда тIад рекъон чIеялдасаI